Нижер мурад
«Яблоко» партиялъул аслияб мурад ккола Конституциялда рекъон Россия цебетIезе ва гражданазе хъулухъ г ьабулеб социалиябгун демократияб пачалихъ гIуцIи.
Щай ниж унел ругел Думаялде?
«Яблоко» парламенталде унеб буго граждназул интересал рихьизаризе ва дандекколел законал къабул гьаризе.
Сунда данде ниж къеркьолел ругел?
Властьги бизнесги цолъизабиялде данде. Нижеца тIалаб буго:
- Сурсатал ричун ва бюджеталдаса гIарац олигархазул ва чиновниказул чунтубузухъе ккечIого букIиналда данде.
- Офшоразда регистрация г ьабурал компаниязда хасаб налог лъеялъул низам чIезабиялде данде.
Коррупциялда данде къеркьей. Нижеца тIалаб г ь абулеб буго:
- Жидерго буголъиялъул хIакъалъулъ баян кьун бажаруларел чиновниказе тамихI г ьабизе бихьизабулеб ООНалъул Конвенциялъул 20-абилеб статья тасдикъ г ьабизе.
- Чиновниказул декларациялъул тIубараб хал-шал г ьаби ва пачалихъияб хъулухъалдаса эркен г ьаризе жидерго буголъиялъул хIакъалъулъ баян кьун бажаруларел хIакимзаби.
- Пачалихъалъул бутIа бугел компаниязул директораллъун рукIине г ьукъизе чиновниказе ва депутатазе.
Улкаялъул гражданазул ихтияразул ращалъи г ьечIолъиялде данде. Нижеца тIалаб г ь абулеб буго:
- РукIа-рахъиналда, медицинаялда ва транспорталда хурхарал бигьалъаби чиновниказе нахърахъизе, г ьединго мигалкаби лъугIизаризе.
- Чиновниказе ва гIадатиял гIадамазе цогояб къагIидаялъ пенсия чIезабизе.
- ЧIахIияб ва г ьитIинаб бизнесалда г ьоркьоб бугеб ращалъи г ьечIолъи лъугIизабизе.
Миллатазда гьоркьоб бугеб рокьукълъиялдеданде. Нижеца тIалаб гьабулеб буго:
- Миллатазда гьоркьоб рокьукълъи ва халкъалъул ихтиярал ращад гьариялда хадуб халкквей.
- Школалъулпрограммаялдалъеземиллатазда г ь оркьоббухьенщула г ь абиялъулдарсал.
Тоталитаризмалда ва сталинизмалда данде. Нижеца тIалаб гьабулеб буго:
- Большевиказул ва Сталинил репрессиял ритIухъ гьариялда хадуб жавабчилъи букIинабизе.
Сундуе гIоло ниж къеркьолел ругел?
ГIадамазул ва гражданазул ихтиярал цIунулеб ва эркенаб пачалихъалъе гIоло.
- Щивасул рукъ, буголъи законалъ цIунун букIиналъе, щивасул гIумруялъул балъголъаби цIуниялъе гIоло.
- ГIайиб г ь ечIого чи эркенлъиялдаса махIрум г ьавиялда данде.
- Законалда дандекколарел ишал гражданазда аскIор г ьарурал ихтиярал цIунулел органазул хIалтIухъабазе тамихI г ьабиялда данде.
- Туснахъазда ругел гражданазе лъикIал шартIал чIезаризе.
Гражданазул ихтияразе гIоло
- Митингал, пикетал, демонстрациял г ьариялъе цебеккунго гIадлу-низам бихьизабизе.
- Бихьиназулги руччабазулги ращадал ихтиярал рукIинаризе, руччабазул ихтиярал ращад г ьарунгутIиялъе ахир лъезе.
- Коммерческиял гурел гIуцIабазе хIалтIизе эркенлъи кьезе.
- СМИязул эркенлъи калам г ьечIого цIунизе
- Киналгомиллатазул лъидаго бачIеб телевидение гIуцIизе.
Демократиялъе гIоло
- Рищиязулъ ритIухълъи г ье чIолъи биччангутIизе.
- Рищиязул комиссиял гIуцIулаго киналго партияз гIахьаллъи г ьабизе.
- Политикиял партиязул регистрация г ьабиялъулъ биг ьалъаби г ьаризе.
БитIараб судалъе гIоло
- Мекъал хIукмаби г ьариялда хадуб халг ьаби къвакIизабизе.
- Судалъулаб корпус тIубанго цIиг ьабизе.
Халкъалъул халкквей чIезабизе хасал хъулухъазда ва къуваталъулал структурабазда хадуб.
- ФСБялъул, ФСОялъул ва полициялъул хIалтIухъабазул ихтиярал цIикIкIинарулел законаздаса ва законалъулал актаздаса инкар гьабизе.
Миллияб политика ва федерализм
- Федерациялъул Советалъул членал рищизе Федерациялъул субъекталъул халкъаз.
- Исполнительнияб власталъул бутIрул РФялъул субъектаз рищизе
- Экологияб ва тIабигIияб балагь бачIарал регионазе пачалихъияб рахъалъ кумек г ьаби.
- Миллиял мацIал, Россиялъул халкъазул культура цIунизе ва гьел мацIазда газетал ва журналал рахъизе.
- Миллиял республикабазда жиндирго рахьдал мацIалда лъай кьезе рес букIинабизе. Киналго школазда бокьаразе рахьдал мацI ва адабият лъазабизе ихтияр кьезе.
БакIалъулаб нухмалъи цебетIезабизе
- БакIалъулаб нухмалъиялъе дандекколарел хIукмабазул цIидасан халгьабизе.
- Кинабго буголъиялдаса щолеб магъало кьезе бакIалъулаб нухмалъиялъул органазе.
Профессионалияб армия
- Профессионалияб армия гIуцIизе контракталда рекъон, рагъулаб хъулухъалда ругезе харжал цIикIкIинаризе, г ьел хьезаризе рукъзабаздалъун.
- ХIакъикъиял хIинкабазда рекъон рагъулаб техника ва армия гIуцIизе.
КъватIисеб политика хIасил кколедухъ гIуцIизе
- Россиялъул цолъи цIунизе ва цогидал улкабазе г ьелдаса хIинкъи г ьечIолъи чIезабизе.
- Россия цадахърекъон хIалтIизе Еросоюзгун ва Европаялъул улкабигун цIиял пачалихъиял гIуцIаби церетIеялъе.
- Халкъазда г ьоркьосел гIуцIабазда ва конвенцияздаРоссиялъул гIахьаллъи гIатIилъизабизе.
Социалиябгун (халкъалъулаб) базаралъулаб экономика
- Щивав чиясул буголъиялъул ихтиярал цIунизе: рукъалъул акционериял данделъабазул ва ракьул бутIабазул.
- Буголъиялъул хъвай-хъвагIай гьабиялъулъ бигьалъаби гьаризе.
Конкуренция (къец)
- Монополиязул рагьараб бича-хиси гьабизе, ва гьелъул хIакъалъулъ баян халкъалда рагIизабизе Интернеталда лъезе.
- Предпринимателазе квалквал гьабулел хIукуматалъул хъулухъчагIазе кьварараб тамихI гьабизе.
ЦIиябэкономикияб политика гIуцIизе ва тIабигIиял сурсатазда рачIолъи лъугIизабизе.
- гIадамазе рук ъ базе мурадгун чIорого ракьалги кьун ва гьелда бан чанго миллион чиясе хIалтIул бакIал гIуцIизе;
- пачалихъалъул кумекалдалъун гьел гIадамазе рукIа-рахъиналъе шартIал гIуцIизе: нухал гьаризе, газ бачине, токалдалъун ва лъедалъун хьезаризе.
Россиялъе экономика цебетIеялъе гIоло нижеца хIадурун буго программа «Ракь – рукъ – нухал». Жакъа Россиялъул миллион чиясул рес буго жиндиего ва жиндирго лъималазе жалго бетIергьанаб ракьул участокалда тIад рукъ базе. Гьеб программаялъул хIасиллъун букIина:
ГьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул рахъкквезе
- Кредит босиялъулъ бигьалъаби гьаризе.
- ГьитIинаб бизнесалъул кооперативазе ракь босиялъулъ ихтиярал цIикIкIинаризе.
- Ижараялъе кьун ругел бакIа л ва ракьал росиялъулъ къвакIараб божилъи чIезабизе.
- ЧIахIияб бизнес хутIун цогидаб бизнесалда тIад лъураб магъало дагь гьаби.
Халкъалда гьоркьоб рикьи дагь гьабизе
- ГIумру гьабизе хIажалъулеб чара гьечIеб къайиялъул сияхI цIикIкIинабизе.
- Бищун гьитIинал харжал ращалъизаризе 50 процент гьоркьохъел харжазде щвезегIан.
- Пенсия ва социалиял пособиял цIикIкIинаризе.
- Гьединго инвалидазе пособиял цIикIкIинаризе ва гьезие хIалтIул бакIал чIезаризе.
ХIалтIул ихтиярал цIуни
- Забастовкаби гьаризе ихтияр кьезе.
- Эркенал профсоюзал гIуцIизе ва гье зул бутIрул эркен гьари чIого рукIиналъе божилъи гьабизе.
Лъай кьей цебетIезаби
- ЧIобогояб гьоркьохъеб ва тIадегIанаб лъай босизе рес букIинабизе.
- Лъималазул ахал цIикIкIинаризе ва щибаб лъимералъе ахазда бакI чIезабизе.
- Чамалиго нухалъ харжал цIикIкIинаризе лъималазул ахазул хIалтIухъабазе, школазул, училищабазулва тIадегIанал цIалул идарабазул преподавателазе.
- Лъай кьеялъулъ коммерция биччангутIизе.
Сахлъи цIуниялъул даража борхизаби
- ЧIорого сах гьаризе рес щ вей.
- МедхIалтIухъабазул харжал цIикIкIинаризе.
- ЧIобогояб диспансеризация гьабизе халкъалъул.
- КъватIисан рачIунел лъикIал, къанагIатал дарабазда ва медицинаялъул къайиялда тIад лъолеб магъало нахъбахъизе.
ГIелмуялъул рахъкквезе
- ГIалимзабазул интеллектуалиял ихтиярал цIунизе.
- Пачалихъалъ рахъкквезе гIолохъанал гIалимзабазул.
- КъватIисан бачIунеб гIелмияб цIех-рех гьабулеб къайиялда тIад лъолеб магъало нахъбахъизе.
Россиялъул культураялъулгун халкъалъул лъай-хъвай цIикIкIинабизе
- Искусство ва культура цебетIеялъе гIарац биччазе.
- Пачалихъалъул кумекалдалъун тIаде гIолеб гIел культурияб гIумруялде бачине.
Сверухълъиялда рацIцIалъи цIунизе
- Экологиялъуб министерство цIигьабун гIуцIизе.
- Пачалихъияб экологияб цIех-рех гьабулеб институт цIигьабизе.
- КъватIисеб пачалихъалдаса бачIунеб ядернияб цIатариялдаса, цIиял АЭСал раялдаса инкар гьаби.
«Яблоко» партиялъ Россиялъул гражданазе бихьизабулеб буго нилъер улка цебетIезе рес бугеб программа. Гьеб нухккун унел руго киналго церетIурал улкабиги.
Нилъер улкаялда цебе буго кIиго батIияб нух:
- Ялъуни г ь еб XXI гIасруялда цебетIезе,
- ялъуни г ь енибеги щве чIого гъоркье борти ва лъабабилебдунялалда гъорлъ ругел улкабазул сияхIалде гьоркьобе ккей.